Файл: Программая лъулаб къомоц1 Х1ужжаялъу лаб къомоц1 1.docx

ВУЗ: Не указан

Категория: Не указан

Дисциплина: Не указана

Добавлен: 10.01.2024

Просмотров: 67

Скачиваний: 1

ВНИМАНИЕ! Если данный файл нарушает Ваши авторские права, то обязательно сообщите нам.

Авар адабият 7 класс

п/п

Дарсазул

темаби

Саг1тазул къадар

Дарсил

тайпа

Дарсил

мурад

Рокъобе х1ал

т1и

Программая

лъулаб къо-моц1

Х1ужжаялъу

лаб къо-моц1

1

Инсан ва гьесул къисмат – художествияб литератураялъул аслияб тема

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Литератураялъе аслияб баян кьезе;

2. Адабияталдехун рокьи ц1ик1к1инаби

Гьум. 3-5







2

Х1ожоги Гуржиявги

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Къиса ц1али;

2. «Бидухъ би» - абурал раг1абазул маг1на бич1ч1изаби;

3. Вацлъи щулалъизаби;

4. Ц1алул бажари камил гьаби;

5. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 8-12







3

Х1ожоги гуржиявги

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Маг1арулазулги гуржиязулги рух1ияб бечелъи, миллияб г1амал-хасият

2. Х1ожолги Гуржиясулги сипатаздалъун загьир гьабун бугеб къаг1ида бихьизаби;

3. Ц1алул бажари камил гьаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 12-18







4

Х1ожоги Гуржиявги. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Чабхъад хьвади-миллатазда гьркьоб питна бекьи х1исабалда къисаялда какун бугеб куц бихьизаби;

2. Къисаялъул анализ гьаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Къокъ

го бицине







5

Х1ожолги Гуржиясулги образал

1

Калам цебет1езаби

1. Х1ожолги гуржиясулги образазе къимат кьезе ц1алдохъаби ругьун гьари;

2. К1алзул калам цебет1езаби










6

Бокьуларо, эбел, рии бач1ине

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Вах1шияб г1адат х1исабалда чабхъен какун бук1ин бихьизаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 20-24







7

Художествияб асаралъул г1уц1иялъул х1акъалъулъ авалияб баян

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Асаралъул г1уц1иялъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби;

2. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 24-27







8

Калам цебет1езаби. Маргьа ургъи

1

Калам цебет1езаби

1. Маргьабазул тайпаби рак1алде щвезари;

2. Маргьа ургъизе ц1алдохъабазул бугеб бажари ц1ик1к1инаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Маргьа лъугьинабизе







9

Ц1адаса Х1амзат.

Дибирги г1анхвараги

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

2. Диниял къануналги дибирасул ишалги дандеккунгут1иялъул кьуч1алда хъвараб сатирияб асар бук1ин лъай;

3. Ц1алул бажари камил гьаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 34-38







10

Дибирги г1анхвараги. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Мискинчиясул г1умру Г1анхрилалда релълъинаби-асаралъул хъвалсараб маг1на бук1ин бихьизаби;

2. Рух1ияб тунка-г1усиялда г1анхвара бергьиналъе г1илла бихьизаби;

3. Ц1алул бажари камил гьаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 38-39







11

Ашбазалде гьабураб

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Чвахун, бит1ун ц1алиялъул бажари борхизаби;

2. Г1адамал гуккун, боц1и данде гьабизе лъугьарал даранчаг1азда велъулаго, Х1амзатица кьабулеб сатирияб ц1ал бихьизаби;

3. Калам цебет1езаби

Гьум. 40-45







12

Ашбазалде гьабураб. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Х1амзатил мац1алъул пасих1лъи, г1адатлъи, бечелъи кицабаздаса махщалида пайда босун бук1ин бихьизаби;

2. Анализ гьаби;

3. Ц1алул бажари камил гьаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Цо бут1а рек1ехъе лъазабизе







13

Сатираялъул х1акъалъулъ авалияб баян. Авар литератураялда Х1амзатица сатира цебет1езаби

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Сатираялъе авалияб баян кьезе;

2. Ц1. Х1амзатица кьураб к1вар сатира цебет1еялъе.

Гьум. 45-48







14

Класстун къват1исеб ц1али. Ц1. Х1амзат. Дир г1умру

1

Класстун къват1исеб ц1али

1. Ц1адаса Х1амзатил г1умруялъул х1акъалъулъ асар бук1ин лъай;

2. Класстун къват1исеб ц1алиялде рокьи ц1ик1к1инаби










15

Советияб литература

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Кинаблитература советияблъун рик1к1унеб лъазе;

2. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 49-52







16

М. Хуршилов. Надир-шагь щущахъ вихизави

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Асаралъул цебераг1и ц1али ва гьелъул тарихияб баян кьей;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 53-58







17

Г1андалал. Байбихьи. Шагьасул чапар. Г1андалаз х1укму гьабулеб буго

1

Комбинир.

1. Къисаялъул х1акъикъияб аслу рагьи. Гьеб хъваялъул мурад ва заман бихьизаби;

2. Ват1ан хиралъи ва ц1унизе ккей-асаралъул аслияб тема бук1ин лъай;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 58-66







18

Шагьасул буюрухъ. Тушман минатахъ щущазави

1

Комбинир.

1. Ват1ан хиралъиялъул аса рва гьеб ц1унизе рух1 кьун рагъарал умумузул ирс ц1унизе ккей-аслияб тема бук1ин бич1ч1изаби;

2. Маг1арулазул бук1араб къвак1и бихьизаби. Херав Х1асанил,Чупаласул ва цогидалги багьадуразул сипатал рагьи

3. Надир-шагь инжитго къеялъе г1илла лъазе;

4. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 66-77







19

Г1андалал. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Къисаялъе къимат кьей;

2. Аслиял героязе къимат кьезе лъай;

3. Ц1аларалъул х1асил бицине бугеб бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Кесек рек1ехъе лъазабизе







20

Г1андалал асаралъул х1асил гьаби. Эпос, лирика, драма.

1

Х1асил гьаби

1. Къисаялъул х1асил гьаби;

2. Эпос, лирика ва драммаялъул баянал кьезе

Гьум. 79-81







21

Калам цебет1езаби. Сочинение. Меседилаб хасалихълъи

1

Калам цебет1езаби

1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби;

2. Т1абиг1аталде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

3. Хасалихълъи-лъаг1алил бищун бечедаб заман бук1ин лъай

Хъван лъугьинабизе







22

Адабияталъул аслияб тайпабазул х1акъалъулъ авалияб баян

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Эпос, лирика, драмаялда гьоркьоб бугеб бат1алъи лъай;

2. К1алзул калам цебет1езаби










23

М. Сулиманов. Васигат.

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

2. Къисаялъул цебераг1и ц1али;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 82-93







24

Васигат. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Ц1аруйго берцин рихьарал ясал хъами, цогидал х1инкъизарун, питна балагьизе къват1ире рахъин каки;

2. Бах1арчияй ясалъул сипат рагьи;

3. Бидулас хъачагълъи рехун теялъе г1илла лъазе. Ярагъ ракьулъ букъиялъул маг1на лъазе;

4. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 93







25

Поэмаялъул х1акъалъулъ баян

1

Х1асил гьаби

1. Къиса такрар гьаби;

2. Поэмаялъе аслияб бич1ч1и кьей;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 93-94







26

Класстун къват1исеб ц1али.

Р. Х1амзатов. Цо маг1арул къиса

1

Класстун къват1исеб ц1али

1. Имам Шамилилги наиб Хунзахъа Х1ажимурадилги х1акъалъулъ баян лъай;

2. Гьезда дандеккун мац1ихъанасул гьит1инлъи, нахъег1анлъи, инжитлъи бихьизаби;

3. Класстун къват1исеб ц1алиялде рокьи ц1ик1к1инаби










27

Э. Капиев. Жиндирго х1акъалъулъ Сулейманил хабар

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ гара – ч1вари гьаби;

2. Адабияталдехун рокьи бижизаби;

3. Ц1алул бажари борхижаби

Гьум. 95-106







28

Жиндирго х1акъалъулъ Сулейманил хабар. Анализ

1

Аализ гьаби

1. Сулейманил гьит1инаб заманалъул х1акъалъулъ бицине;

2. Мискинзабазул язихъаб г1умру гьесда кин лъараб бицине;

3. Маллаясулги Сулейманилги иццухъ ккараб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ бицине лъазе;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 106-107







29

Художествияб асаралъул композиция

1

Комбинир.

1. Хабаралъул анализ гьаби;

2. Композициялъе, экспозициялъе, завязкаялъе, кульминациялъе баян кьезе;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 107-109







30

Калам цебет1езаби. Сочинение. Нижер мадугьалзаби

1

Калам цебет1езаби

1. К1алзул калам цебет1езаби;

2. Мадугьалзаби-нилъер «вац-яц» рук1ин лъай. Рик1к1ад вугев вацасдаса аск1ов вугев мадугьал лъик1-абураб абиялъул маг1на рагьи

Сочинение лъугьинабизе







31

А. Мух1амаев. Маг1арулай

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Нек1сиябги советиябги ч1аголъиялъе бит1араб къимат кьезе ругьун гьари;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 110-118







32

Ах1мад т1ад вуссараб сордо

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Лъалареб х1алалъ ругъназ хисарав Ах1мад рагъдаса вач1ун эбел-инсухъе рещт1ин;

2. Анализ гьаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 118-131







33

Ах1мад т1ад вуссараб сордо. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Ах1мадилги Сурхайилги гьоркьоблъи ц1алдохъабазда бихьизабизе лъай. Гьезие къимат кьей;

2. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 131-132







34

Мух1аммад Шамхалов. Тамашаяв гьобол

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

2. Асаралъул аслияб тема-революциялда цересел соназда Мах1ач Дахадаевасул х1аракатчилъи бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 133-138







35

Тамашаяв гьобол

1

Комбинир.

1. Г1олохъанго Мах1ачил бук1араб гьунар ва,макърат1исалъ махх г1адин, г1адамал жиндехунго ц1азе гьесул бук1араб гьунар бихьизаби;

2. К1алзул калам цебет1езаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 139-151







36

Класстун къват1исаб ц1али. Циги т1инч1ги

1

Класстун къват1исаб ц1али

1. Т1абиг1аталде ва г1алхул х1айваназде бугеб рокьи авторас жеги ц1ик1кинаби ц1алдохъабаз;

2. Ц1алул бажари борхизаби










37

Расул Х1амзатовасул г1умру ва хъвадарухъанлъи

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Шаг1ирасул х1акъалъулъ гара-ч1вари;

2. Расулил творчествоялде ц1алдохъабазул рокьи ц1ик1к1инаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Реферат х1адуризе







38

Эбелалъ дир кинидахъ

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Эбелалъул х1акъалъулъ кицаби ва абиял рак1алде щвезари;

2. Г1умруялъул ицц-эбелалде г1урхъи гьеч1еб рокьи шаг1ирас коч1олъ загьир гьабураб куц бихьизаби. Эбелалъул рокьиялъ лъимадул чи лъугьинави, гьелъухъ лъимал улбузда цере налъулаллъун хут1и х1еренаб, пасих1аб, сипатияб мац1алъ бицунеб куц бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 156-157 п/ц1.







39

Маг1арулал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Маг1арулазул ях1-намусалъул, рух1ияб бечелъиялъул, г1агараб ват1аналде бугеб рокьи бихьизаби. Жиндирго Ват1аналдаса ва маг1арулаздаса шаг1ирасул ч1ух1и;

2. Ц1алул бажари борхизаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 157-158

Рек1ехъе лъазабизе







40

Дагъистаналъул рохьал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хирияб Ват1аналде, жиндирго халкъалде бугеб рокьул к1одолъи бихьизаби;

2. Ц1алдохъабазул Ват1аналде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

3. Ват1ан бищун к1удияб рух1ияб бечелъи бук1ин бич1ч1изаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 158-159 п/ц1.







41

Шиг1руяб ва хабарияб каламалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби

1




1. Шиг1руяб ва хабарияб каламалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Коч1ол г1уц1и лъазе;

2. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 160-162







42

Калам цебет1езаби. Расулил куч1дул ц1али

1

Калам цебет1езаби

1. Ц1алул бажари борхизаби;

2. Расулил асаразде рокьи ц1ик1к1инаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби










43

М. Мух1амадов. Инсул гьалбал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул х1акъалъулъ раг1и;

2. Хабар ц1али;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

Гьум. 163-174







44

Инсул гьалбал

1

Комбинир.

1. Гьоболасул адаб-х1урмат гьаби-маг1арулазул бищунго лъик1аб г1адатазул цояб бук1ин бихьизаби.Гьалбал хирияв Г1абдулагьил ва гьесул лъадул рух1ияб бечелъи бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 174-187







45

Инсул гьалбал. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Лъик1аб г1адат, цоцахъе кьолаго, рух1ияб хазиналъун наслабаз ц1унизе ва бечед гьабизе ккей-хабаралъул аслияб пикру бук1ин ц1алдохъабазда лъай;

2. Хабаралъул анализ гьаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 187-188







46

Образалъул х1акъалъулъ авалияб маг1на

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Образалъул х1акъалъулъ авалияб баян кьезе;

2. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 188-191







47

Фазу Г1алиевалъул г1умру ва хъвадарухъанлъи

1

Комбинир.

1. Поэтессаялъул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

2. Гьелъул творчествоялде рокьи ц1ик1к1инаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 192-193







48

Маг1арулазул нус

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Гьит1инаб халкъалъул тарихалъул к1одолъи бихьизаби;

2. Жакъасеб г1ел бах1арчиял умумузул мустах1икъал ирсилал рук1иналдаса шаг1иралъул ч1ух1и бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 193-199







49

Маг1арулазул нус

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Гьит1инаб халкъалъул тарихалъул к1одолъи бихьизаби;

2. Жакъасеб г1ел бах1арчиял умумузул мустах1икъал ирсилал рук1иналдаса шаг1иралъул ч1ух1и бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 200-207







50

Маг1арулазул нус

1

Анализ гьаби

1. Маг1арул руччабазул г1акъиллъи, к1одолъи ва бах1арчилъи поэмаялъулъ ах1ун бугеб куц бихьизаби;

2. Бац1ц1адаб рокьи т1адег1анаб даражаялде бахинаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 208-216







51

Маг1арулазул нус. Поэмаялъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби

1

Анализ гьаби

1. Поэмаялъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби;

2. Поэмаялъул разбор гьаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 217-218







52

Калам цебет1езаби. Имам Шамил

1

Комбинир.

1. Имам Шамил-Дагъистаналъул ва Чачаназул Имам вук1ин лъай. Шамилил бах1арчилъи ва къвак1и бихьизаби;

2. К1алзул калам цебет1езаби










53

Художествияб литератураялъул сипатияб каламалъул х1акъалъулъ баян

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Мац1-художествияб асар г1уц1улеб аслияб алат, материал бук1ин лъай;

2. К1алзул калам цебет1езаби










54

Таймасханов Тажудин. Ях1

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Тажудинил х1акъалъулъ къокъаб баян;

2. Авторас заралиял пишаби какун ругеб къаг1ида батизе лъай ц1алдохъабазда;

3. Хъалиян бух1и-черхалъе заралияб пиша бук1ин бич1ч1изаби;

4. Ц1алул бажари борхизаби;

5. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 123-127







55

Къияс Мажидов. Муг1рузул ц1умазе хвел бук1унадай

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян;

2. Хабар ц1али;

3. Муг1руздехун к1удияб рокьи бижизаби

Гьум. 228-234







56

Муг1рузул ц1умазе хвел бук1унадай. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Ц1умазде, т1абиг1аталде рокьи ц1ик1к1инаби;

2. Анализ гьаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 234







57

Класстун къват1исеб ц1али. Кьог1ал конфетал

1

Класстун къват1исеб ц1али

1. «Кьог1ал конфетал» абун щай Г1арип Расуловас хабаралда ц1ар лъун бугебали лъай;

2.Класстун къват1исеб ц1алиялде рокьи ц1ик1к1инаби










58

Багьавдин Митаров. Бице гьудулзаби

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

2. Советияб Армиялъ бергьенлъи босиялда рак1ч1ей ва ч1ух1и бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 235-238







59

Г1алирза Саг1идов. Г1аздалал т1агърал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баян;

2. К1удияб Ват1анияб рагъда бергьенлъи босиялдаса ч1ух1иялъул асар загьир гьабизе т1абиг1ияб сипадалдаса пайда босун бугеб куц бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 239-243







60

Рач1а, гьудулзаби!

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Дагъистаналда гьудуллъиги вацлъиги бищун т1адег1анаб рух1ияб бечелъи бук1ин коч1олъ загьир гьабун бугеб куц бихьизаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 243-244 рек1ехъе лъазабизе







61

Калам цебет1езаби. Сочинение. Дир гьудул

1

Калам цебет1езаби

1. Гьудул-гьалмагъзабазде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

2. Гьудул-гьалмагълъиялъ г1умру берцин гьабулеб бук1ин бихьизаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Сочинение лъугьинабизе







62

М.-Р. Расулов Эбелалъул рах1му

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул х1акъалъулъ къокъабго баян кьей;

2. Васасдехун эбелалъул бугеб к1удияб рокьи ва божилъи сабураб г1орхъода ч1езабизе Насибатил бугеб ц1одораб махщел бихьизаби;

2. Квешлъиялдаса вас ц1унизе эбелалъул божилъиялъул бугеб к1вар бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 245-255







63

Эбелалъул рах1му.Анализ

1

Анализ гьаби

1. Гьит1инлъиялъ ва г1анч1лъиялъ Алмасил карал гъалат1ал ратизе ц1алдохъабазда лъай;

2. Васасдехун эбелалъул бугеб к1удияб рокьи ва божилъи сабураб г1орхъода ч1езабизе Насибатил бугеб ц1одораб махщел бихьизаби;

2. Квешлъиялдаса вас ц1унизе эбелалъул божилъиялъул бугеб к1вар бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби;

4. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 254-255







64

А. Гъафуров. Квешалъе квешлъи

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ бицине;

2. Лъик1лъи гьабуразе лъик1лъи, квешлъи гьабуразе квешлъи батулеб г1умруялъул закон рагьизе шаг1ирасул бугеб гьунар бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум. 256-262







65

Квешалъе квешлъи. Анализ

1

Анализ гьаби

1. Лъик1лъи гьабуразе лъик1лъи, квешлъи гьабуразе квешлъи батулеб г1умруялъул закон рагьизе шаг1ирасул бугеб гьунар бихьизаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби;

3. К1алзул калам цебет1езаби










66

Класстун къват1исеб ц1али. Фазу Г1алиева. 18 их

1

Класстун къват1исеб ц1али

1. «18 их» абун ц1ар лъеялъе г1илла лъай;

2. Ах1мад Г1абдулмажидовасул бах1арчилъи ц1алдохъабазда лъай;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Гьум. 133-143 кл./къв. ц1.







67

Т1абиг1аталде экскурсия

1

Экскур

сия

1. Т1абиг1аталде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

2. Т1абиг1ат-нилъер бечелъи бук1ин лъай;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Сочинениялъе х1адуризе







68

Х1асил гьаби

1

Х1асил гьаби

1. Х1асил гьаби












Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ VII классазул

ц1алдохъабазда цере лъолел аслиял т1алабал
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

-лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал, ц1аразул маг1на;

-лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги гьез г1ахьаллъи гьабулел ишазул т1елги;

-лъазабураб асаралъул г1уц1иялъул хасал рахъал;

-адабиял терминал: махсара, сатира, метафора, адабияталъул тайпаби;

-рек1ехъе лъазаризе программаялда рихьизарурал текстал.

I

Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

-хъвадарухъанас г1уц1арал сипатиял лъугьа-бахъинал пикрудалъ гвангъун цереч1езари;

-багьадурасул г1амал-хасият рагьизе х1ажатал лъугьа-бахъинал лъазабулеб асаралдаса т1асарищизе;

-пикруябгун художественияб рахъ рагьизе сипатиял раг1абазул бугеб к1вар батизе;

-муг1алимас кьураб логикияб суалалда рекъон, асаралъул багьаду­расул г1амал-хасият рагьизе;

-лъазабулеб бугеб асаралъул к1иго багьадурги дандеккун, гьездехун авторасул бугеб бербалагьи загьир гьабизе.

II

-минуталда жаниб 110-120 раг1и кколеб хехлъиялда рич1ч1изе бигьаял,

- г1елмиял ва художествениял текстал рит1ун, дурун, раг1ун, ц1ализе;

-художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

-хабарияб асар изложение х1исабалда бицинеги хъвазеги;

-хабарияб асаралъул, яги гьелъул цо бут1аялъул план бахъизе;

-ц1алдохъанасул жиндирго к1алъаялъе план г1уц1изе;

-багьадураздехун, гьезул ишаздехун бухьараб ва цогидал искусствоялъул асаразе къимат кьезе (бицунги хъванги).