ВУЗ: Не указан
Категория: Не указан
Дисциплина: Не указана
Добавлен: 10.01.2024
Просмотров: 34
Скачиваний: 1
ВНИМАНИЕ! Если данный файл нарушает Ваши авторские права, то обязательно сообщите нам.
Дир Дагъистан
Цо дагьал саназ цебе Япониялде унеб мехалъ, дица япониязул гьудулзабазе сайигъаталъе кьезе балхъалисесул щаг1ил хъуби росун рук1ана.
Хиросимаялда гостиницаялда дихъе рач1ана дунялалда машгьурал япониязул художникал – рос-лъади. Дица гьезие, сайигъаталъе Дагъистаналдаса росарал сувенирал ругин, балхъалисезул хъуби рук1араб чемодан рагьана. Балагьана. Кинаб рогьо, кинаб нич! Дир муц1иял, дир хъуби, лъицаялиго гьец1окъ кьабг1араб г1адин, анц1ихъе рек-рекун, щущан руго.
Дида лъаларо киб гьаб балагь гьазие ккараб? Индиялъул таможнияз гурх1ел гьеч1ого чемоданал цоцахъе рехулеб мехалъищ, ялъуни Таиландалъул нак1к1алъан самолет палугьан г1адин к1ич1ардулаго боржунеб мехалъищ, Токиоялъул носильщиказ г1одор лъолел мехалъищ? Дир хъубузул куц-мухъ хут1ун бук1инч1о.
Дица, художниказда т1аса лъугьаянги гьарун, босун хъурараб щег1 г1одобе балеб бук1ана. Амма художниказ кинабго шег1 жидеего рокъобе босана, гьебщаян лъач1ев дунги х1икмат гьавун.
Цо-к1иго къоялдасан гьез дун гьоболлъухъ ах1ана. Балагьана. Дир хъурараб хъабаги, дир бекараб муц1иги цебе бук1араб куцалъ кинабго г1уц1ун, буц1ц1ун, берцинго къач1ан буго. Бук1араб балагьалъул лъалк1, г1аламат щибго гьеч1о.
(143 слова)
Р. Х1амзатов