Файл: Авар адабият 6 класс.docx

ВУЗ: Не указан

Категория: Не указан

Дисциплина: Не указана

Добавлен: 10.01.2024

Просмотров: 168

Скачиваний: 7

ВНИМАНИЕ! Если данный файл нарушает Ваши авторские права, то обязательно сообщите нам.

Авар адабият 6 класс




Дарсил тема

Саг1тазул къадар



Дарсил тайпа



Дарсил мурад


Рокъобе х1алт1и

Планалъулаб къо-моц1

Х1ужжаялъулаб къо-моц1

1

Авар адабият ва г1умру

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Лит. асаразул тайпабазул бици;

2. Фальклоралъе г1аммаб баян кьезе;

3. Авар адабияталде рокьи бижизаби.

Гьум 3-6







2

Къайицадахъал.


1

Ц1ияб дарс малъи

1. Халкъияб к1алзул гьунаралъул асаразе баян кьезе;

2. Маргьабазул тайпабазул бици;

3. Рит1ухълъи цебе гьаби- маргьаялъул аслияб мурад бук1ин бич1ч1изаби

Гьум 7-9. Бицине







3

Ралъдал чу.

1

Ц1ияб дарс малъи

1.Маргьа ц1али;

2. «Къварилъи бихьич1ого, г1ат1илъи щоларо» - абураб кициялъул маг1на бици;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 9-7. Сурат бахъизе







4

Ралъдал чу. Маргьаялъул анализ

1

Анализ гьаби

1. Маргьаялъул анализ гьаби;

2)Гьунар ц1ик1асул ц1ар к1одо гьаби

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 9-20







5

Муг1рузул Г1али

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Ц1алул бажари борхизаби

2) К1алзул гьунаралъул асаразде рокьи ц1ик1к1инаби

Гьум 21-25







6

Муг1рузул Г1али.

Анализ

1

Анализ гьаби

1. Кинаб къимат мац1ихъанлъиялъе халкъалъ кьолеб бугеб бихьизабизе;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 21-27. Кесек рек1ехъе лъазабизе







7

Халкъияб к1алзул гьунаралъул асаралъул х1акъалъулъ баян

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Халкъиял к1алзул гьунаралъул асаразул бици;

2. Маргьабазул тайпаби такрар гьари

Гьум 27-30







8

Класстун къват1исеб ц1али.

Чаран

1

Класстун къват1исеб ц1али

1. Учителас ц1алараб маргьа бицине лъай ва анализ гьабизе лъай










9

Калам цебет1езаби. Маргьа ургъи

1

Калам цебет1езаби

1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби;

2. Маргьабазде рокьи ц1ик1к1инаби

Маргьа лъуг1инабизе







10

Заирбег Г1алиханов.

Беццаб сапар


1

Ц1ияб дарс малъи

1.Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Сих1ру ва макру рик1к1ад гьабизе кколеблъи бич1ч1изабизе


Гьум 35-49







11

Халкъиял маргьабаздаги ва литературияздаги гьоркьоб бат1алъи

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Маргьабазда гьоркьоб бугеб бит1алъи бихьизаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 49-51







12

Г1. Шахтаманов.

Халкъалъул ццин

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Бах1арчилъи ц1алдохъабазулъ бижизаби

Гьум 54-59







13

Халкъалъул ццин.

Анализ

1

Анализ гьаби

1. «Цо чияс бо г1уц1ула, цо чияс бо биххула», - абураб кициялъул маг1на бич1ч1изаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 54-63







14

Калам цебет1еза-би. Кеч1 ц1али

1

Калам цебет1езаби

1.Бит1ун, бич1ч1ун ва пасих1го ц1алиялъул бажари борхизаби










15

И. Г1алих1ажияв.

Будун дамдамаги

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Динги х1алае ккун г1адамал х1улулел цо-цо будун-дибирасул рух1ияб мукъсанлъи бихьизабизе;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 65-68







16

Кицабиял алфазал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Ц1алдохъабазул зах1маталдехун бугеб рокьи ц1ик1к1инаби;

2. Бац1ц1адаб, г1ет1 т1ун щвараб маг1ишаталда бугеб баракаталъул бицине

Гьум 68

5 рек1ехъе лъазабизе







17

Хъ.Мах1муд.

Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1алкъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Чияр зах1мат кваналел макруял чаг1азул къасдал къват1ир ч1вазарун ругеб куц;

3. Ц1ияб г1умру т1аде щолеб бук1ин бихьизабизе шаг1ирасул бугеб рак1ч1ей бихьизабизе.

Гьум 70-73.

Рек1ехъе лъазабизе







18

Калам цебет1езаби. Рек1ехъе кеч1 ц1али

1

Калам цебет1езаби

1. Ц1алул бажари борхизаби ва хал гьаби










19

Батирай.

Бах1арчиясул куч1дул

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баянал кьезе;

2. Батирайил заманаялъ Ват1ан ц1униялъул бук1араб ц1арги к1варги лъазе;

3. Батирайил коч1олаб кламалъул гъварилъи, г1адатлъи,къокълъи

Гьум 74-75.

Рек1ехъе лъазабизе







20

Батирайил цогидал куч1дул. Метафора

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Ц1алдахъабазул чвахун ва пасих1го ц1алиялъул бажари борхизаби;

2. Метафораялъе аслияб бич1ч1и кьезе;

3. Багьадурасул кинаб г1амал-хасият бук1ине кколеб бихьизабизе.

Гьум 75-77







21

Йирчи Гъазахъ. Сибиралдаса къагъат

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ баянал;

2. Зулму гьаби, х1ач1лъи лъик1аб г1амал-хасият гьеч1еблъи лъазе;

3.Ват1анги тезабун, Сибиралде рит1арал дагъистаниязул кьог1аб г1умруялъул сурат цебеч1езабун бугеб куц бихьизабизе

4. Туснахъ къот1аразул рижараб ракьалъухъ урхъи бихьизабизе

Гьум 78-81







22

Икъбал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъул баянал такрар гьари;

2. Бечелъиялде балагьун, чиясул къадру борцунеб социалияб г1уц1иялде авторас г1унт1изабулеб г1айиб бихьизаби

Гьум 81-83







23

Къуркълиса Щазал г1умру ва къисмат

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Щазал г1умруялъул х1акъалъулъ баян;

2. Г1адамазе наг1ана, кьезе бегьулареблъи бицине ва лъазе;

Гьум 84







24

Щазал к1уч1дул

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Бечедав вук1иналъ жиндие щоларев васас ячиниланги гуккун, рехун тарай ясалъул кьог1аб къисмат бихьизаби;

2. Рокьи г1азаб, рух1ияб бечелъи рагьизе коч1охъаналъул бугеб гьунар

Гьум 84-86







25

Класстун къват1исеб ц1али;

Хъвадарухъабазул маргьаби

1

Класстун къват1исеб ц1али: Вацги яцги

1)Класстун къват1исеб ц1алиялде рокьи ц1ик1к1инаби










26

Калам цебет1езаби. Сочинение. Хасел

1

Калам цебет1езаби

1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби:

2. Т1абиг1аталде рокьи ц1ик1к1инаби

Хъван лъуг1инаби-зе







27

Ц1. Х1амзат.

Г1умру ва адабияб х1аракат Шамил

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Поэтасул г1умруялъул х1акъалъулъ баянал

кьезе;

2. Ц1алдохъабазул рокьи бижизабизе Х1амзатил хъвадарухъанлъи- ялде;

Гьум 87-92







29

Чоде бет1ергьанас хъвараб.


1

Ц1ияб дарс малъи

1. Коч1охъанасул махсара, чода бадибч1вай, г1айибал гьари, гьел гьариялъе

2. Цалул бажари борхизаби

3. Халкъияв багьадурасде бугьтанал лъей, кьуч1 гьеч1ел ч1орал, раг1и рехи-мекъаб иш бугин абураб шаг1ирасул пикру коч1олъ загьирлъи;

4. Шамилил бах1арчияб тарихалъе къимат кьезе;

г1илла

Гьум 92-94







30

Пилги ц1унц1раги

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Жиндирго къуваталде мугъч1вайги гьабун, ч1ух1и бихьизабураб пилалъул мисалалдасан шаг1ирас г1адамасулъ рекъеч1еб пахруяб ч1ух1и какулеб куц лъай ;

2. Баснялъул насих1ат

Рек1ехъе лъазабизе







31

Маймалакги ц1улал устарги

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Жиндир гуреб иш т1аде босарав чи сурулеб куц бихьизаби;

2. Г1амал к1одолъи, рак1ч1ей, хъулухъ гуреб иш бот1роде боси квешаб жо бук1ин лъазе

Гьум 94-97







32

Калам цебет1езаби.

Басня

1

Калам цебет1езаби

1. Баснялъул х1акъалъулът баян кьезе;

2. Бит1ун, бич1ч1ун, пасих1го ц1али;

3. К1алзул калам цебет1езаби

Нижер кету. Нижер г1ака. Сочинение лъугьина-бизе







33

Заид Х1ажиев.

Х1анч1ик1к1ал

ц1али

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баянал кьезе;

2. Гогьдари, г1амал к1одолъи-сури бук1ин бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 100-106







34

Х1анч1ик1ак1ал.

Анализ

1

Анализ гьаби

1. Баснялъул анализ гьаби;

2. Ц1одораб х1инч1 х1анч1алъе ин ва цадахъ х1алт1иялдаса щвараб роххел, гагул макрулъи;

3. Х1анч1азул эркенаб зах1матги гагул пахрулъиги бихьизабизе шаг1ирас х1алт1изарурал сипатиял раг1аби ратизе лъай

Гьум 103-110







35

Цакьуги циги

1

Ц1ияб мат. малъи

1. Рек1елъ чаран бук1ин чилъиялъул аслияб шарт1 кколеблъи Цакьулги Цилги мисаладалъун шаг1ирас загьир гьабун бугеб куц;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 110-113







36

Класстун къват1исеб ц1али. Бацако

1

Класстун къват1исеб ц1али

1. Ц1алдохъабазул лъик1аб г1амал – хасияталде рокьи ц1ик1к1инаби. Лъик1аб бокьизаби, квешаб рихинаби – аслияб пикру бук1ин лъай










37

Калам цебет1езаби. Хабар г1уц1и

1

Калам цебет1езаби

1. К1алзул ва хъвалул калам цебет1езаби.










38

Р. Динмух1амаев. Хиянатчи

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъул къокъаб баян;

2. Ват1аналде къо ккараб мехалъ, нахъе къан ч1арав чиясул рогьояб г1умру ва гьелъул кколеб инжитаб ахир бихьизаби;

Гьум 114-128







39

Хиянатчи

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Ват1аналъе хилиплъарав чияс жиндирго г1агарлъи, йокьарай яс учузго ричулеб куц бихьизаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 128-134







40

Хабариял асаразул тайпаби

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хабариял асаразе баян кьезе;

2. Мисалал рачине лъазе

Гьум 138-139







41

Р. Х1амзатовасул

творческияб нух

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

2. Р. Х1амзатов -ч1ух1и

Гьум 140-143







42

Россиялъул солдатал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Халкъазда гьоркьоб гьудуллъи, г1адамазе Ват1аналъул хиралъи, рагъухъабазул бах1арчилъи, рух1ияб бечелъи бихьизабун бугеб гьунаралъул бицине;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 143-150







43

Россиялъул солдатал. Анализ

1

Анализ гьаби

1.Рагъул кинаб сипат –сурат кьун бугебали бицине;

2.Вацлъи щулалъизабизе кколеблъи бихьизабизе;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 143-150

Сурат бахъизе







44

Р. Х1амзатов. Къункъраби

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Ват1аналъул намус ях1 ц1унун рагъарал, х1алт1арал бах1арзазе сайгъат гьабураб кеч1 бук1ин лъай;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 151

Рек1ехъе лъазабизе







45

Ф. Г1алиева. Дир рахьдал мац1

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Поэталъул г1умруялъул баянал кьезе;

2. Мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат. Миллат т1аг1арал къавмал – рух1ияб ицц къараб къулг1а бук1ин бич1ч1изаби

3. Рух1ияб хазина – рахьдал мац1 ц1унеян Фазуца балеб ах1и

Гьум 153-157







46

Калам цебет1езаби. Авар мац1. Сочинение

1

Калам цебет1езаби

1. Авар мац1алде бугеб рокьи ц1ик1к1инаби;

2. Мац1 гьеч1они – гьеч1о миллат;

3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

Сочинение лъугьина-бизе







47

Х1. Х1ажиев. Г1алибегил къулг1а


1

Ц1ияб дарс малъи

1. Г1умруялъул х1акъалъулъ къокъабго баян кьезе;

2. Г1алибегилги гьесул ч1ужу Айизалги г1аданлъи, рек1ел сахаватлъи, адаб х1урматгун инсан к1одо гьавизе бугеб гьунар бихьизабун бугеб куцалъул бицине;

3. Сверухъ бугеб т1абиг1аталдехун херав маг1аруласул бугеб рокьи ва т1алаб

Гьум 158-166







48

Г1алибегил къулг1а. Тексталда т1ад х1алт1и

1

Анализ гьаби

1. К1алзул калам цебет1езаби;

2. Г1аданлъи, адаб-х1урмат гьаби – нилъер аслияб налъи бук1ин бич1ч1изаби

Гьум 166, сурат бахъизе







49

Класстун къват1исеб ц1алиялдаса гара-ч1вари


1

Класстун къват1исеб ц1али

1. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби










50

М. Г1абдух1алимов

Госпиталалъул вас

1-2 бут1а

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Поэтасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе;

2. Бах1арчилъи, къвак1и бищун лъик1ал г1амалал рук1ин лъазе;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 168-175







51

Госпиталалъул вас

3 бут1а

1




1. Х1амзатилги Сахратилги гьудуллъи ккей;

2. Лъукъарал солдатаз Х1амзатил эбелалъул х1урмат гьабулеб куц бихьизабизе лъай

Гьум 175-180







52

Госпиталалъул вас

4 бут1а

1




1. 1,2,3 бут1а такрар гьаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 180-188







53

Госпиталалъул вас.

Анализ

1

Анализ гьаби

1. Анализ гьаби;

2. Асаралъул г1уц1иялъул бици;

3. Ц1алдохъабазулъ бах1арчилъи бижизабизе










54

Багъатар.

Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ баянал;

2. Х1айваназдехун рокьи ц1ик1к1инаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 190-198







55

Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Гьудуллъиялде рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 199-204







56

Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Цебеккун ц1алараб такрар гьаби;

2. Муг1рузде, т1абиг1аталде, сверухълъиялде рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 190-209







57

Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул

Анализ. Пейзаж

1

Анализ гьаби

1. Пейзажалъе аслияб бич1ч1и кьезе;

2. Багъатарица т1абиг1аталъе кинаб къимат кьун бугебали бихьизабизе;

3. Г1исиназдаги ч1ах1ияздаги гьоркьоб гьудуллъи бихьизаби

Гьум 210







58

Класстун къват1исеб ц1али

1

Класстун къват1исеб ц1али













59

Эффенди Капиев.

Разведчикал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьей;

2. Тушманасдаса рец1ел босизе бугеб г1ишкъу бихьизаби;

3. Ват1аналде жеги рокьи ц1ик1к1инаби;

4. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 212-216







60

Сабаб

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Бергьенлъиялъул ицц – халкъазул гъункараб цолъи, Ват1аналде рокьи бук1ин бихьизаби

2. Рагъда хвалдаса ц1унулеб сабаб – ц1одорлъи, бах1арчилъи, х1инкъи лъангут1и бук1ин лъай

Гьум 217-222







61

Маг1арухъ чвахунц1ад

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Чвахунц1ад бан хадуб т1абиг1аталъул хиса-басиязул бицине лъай;

2. Т1абиг1ат-нилъер аслияб бечелъи бук1ин бич1ч1изаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 222-225

Кесек рек1ехъе лъазабизе







62

Очеркалъул х1акъалъулъ баян

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Очеркалъе баян кьезе;

2. Хъвадарухъанас хъварал очеркал такрар гьаризе;

Гьум 225-226







63

Мух1амад-Султ1ан Ях1яев.

Питна

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Шаг1ирасул х1акъалъулъ къокъал баянал кьезе;

2. Лъималазул гьудуллъи-вацлъи биххизабизе, гьезда гьоркьоб питна бекьулев ягъзин вихьизави. Гьудулзаби рагъизе т1ами ва гьелъул х1асил бич1изаби ;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 227-237







64

Г1урул ханал

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Гьалмагъзаби гуккун, ц1ар босизе къвариг1арав ц1алдохъанасул квешаб г1амал бихьизаби. Х1арам кида-къадги т1атинч1ого хут1унгут1и бихьизаби;

2. Лъималазда гьоркьоб х1алихьалъи бегьунгут1и бихьизаби;

3. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 227-247







65

Хашагиса Бецав Къурбан. Мискинав Шахул яс

1

Ц1ияб дарс малъи

1. Х1алихьали къват1иб ч1вазаби;

2. Ц1алул бажари борхизаби

Гьум 248-250







66

Т1абиг1аталде экскурсия

1

Экскурсия

1. Т1абиг1ат – нилъер бечелъи бук1ин лъай;

2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби










67

Калам цебет1езаби. Сочинение. Нижер росу

1

Калам цебет1езаби

1. Ват1аналде рокьи ц1ик1к1инаби;

2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

Сочинение лъугьинабизе







68

Х1асил гьабиялъул дарс

1

Такрар гьаби

1. К1алзул калам цебет1езаби












Лъаялъул ва бажариялъул рахъаль VI классалъул

ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

-лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал;

-лъазарурал адабиял терминал, багьадурасул ва т1абиг1аталъул сурат, гипербола.

-программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал.
Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола;

-Минуталда жаниб 100-110 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе:

-асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал paтla рахъизе;

-лъазабулеб асаралда жанир кколел лъугьа-бахъиназда гьоркьоб заманияб ва г1илла-мурадияб бухьен ч1езабизе;

-лъазабулеб асаралъул тексталда жанир сипатиял раг1аби ратизе;

-лъазабулеб асаралъул багьадуразул ишазде балагьун, гьезул г1амал-хасияталъул бицине;

-художествиял, рич1ч1изе бигьаял г1елмиял текстал рит1ун, чвахун, paг1ун ц1ализе;

-художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

-гьит1инаб асар, яги к1удиялъул кесек изложение х1исабалда бицинеги хъвазеги;

-зах1маталъул темаялда сочинениял хъвазе;

-хабарияб асаралъул, яги гьелъул цо бут1аялъул план г1уц1изе;

асаралъул багьадураздехун ва лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб бербалагьиги загьир гьабун, жинцаго ц1аларал асаразе къимат кьезе.