Файл: Материал, собранный из разных публикаций, для уроков аварской литературы.docx
ВУЗ: Не указан
Категория: Не указан
Дисциплина: Не указана
Добавлен: 10.01.2024
Просмотров: 337
Скачиваний: 2
Кьеги нужее щулияб сахлъи, мугlалимзабазе хlалтlулъ сабру ва къвакlи, цlалдохъабазе мустахlикъазе бергьенлъаби!
Эбелалде.
Расул Х!амзатов.
l. Эбел, к!оченаро гьит!инаб мехалъ,
Дун къват!ахъ кват!игун, кидаго дуца,
Горт!а лъун толаан бакараб чирахъ,
Ва къирун толаан къач!ого каву.
2.Вач!унаан рокъов, кьижулаан дун,
Кьурулаан дуца г!одобе чирахъ,
Балагьулаан мун къан бугищ нуц!а,
Къулулаан т!аде сордо лъик! васин.
3. Сонал ана…………… горт!а чирахъ кенч!ана,
Дур васаз иргадал росу нахъ тана.
Квег!аб берзул маг!у кваранаб квералъ,
Киг!ан г!емер дуца балъго бац!ц!араб?
4. Муг!рузда сверана сурмиял нак!к!ал,
Рак! бекун пирхана мех – мехалъ пири.
Цоял васал ана руссунарелъуй,
Цогидал кват!ана духъе руссине.
5.Эбел, дир саназул гьал сверабазда
Дида росуцояз бицунеб буго,
Дуца рогьинег!ан г!агараб горт!а,
Г!одой кьуруларин бакараб чирахъ.
6.Дуца балъго, эбел, кваранаб квералъ
Квег!аб берзул маг!у бац!ц!уна сардилъ,
Дун вач!ина духъе, дун щвела духъе,
Чирахъ г!одой кьурун, кьижа дир мискин.
7. Щвела дун росулъе, щвела рокъове,
Къирун тараб каву, къай дир хирияй.
Кида гьеб бук!инеб - кват!изе гьеч!о,
Каранда рух! лъурай, сордо лъик! эбел.
Дицаго диего ургъана эбел.
Х!усен Х!ажиев.
l.Дицаго диего эбелги ургъун,
Ургъелазда унеб буго гьаб г!умру,
Бищунго хирияй инсанги камун,
Киниялда т!адго бесдаллъана дун.
2. « Бесдалав» абураб рокьукъаб раг!и,
К!иго сонидаса рек!ана дида,
Доб мехалда ссвараб рек!елаб чирахъ,
Рек!ине гьабулеб батич!о къуват.
3.Дицаго диего ургъана эбел,
Пикрабалъ бахъич!еб хут!ич!о сурат,
Кинго мурадалде щолев гьеч!о дун,
Эбелалъул сурат батич!о нахъе.
Эбелалде.
Саг!ид Ордашев.
l. Эбел, дур гьурмада гьел рук!к!алаби,
Рик!к!ине щварабго щаклъи ккола дир,
Ниж- дур хъизаналъул, сайгъатал ругин,
Соназ данде гьарун дуца ц!унарал.
2.Ц!ик!к!ун ратарабго рук!к!арал кьерал,
Кьерт!ун валагьула гьезухъ нечадго,
Нижер г!айибазул г!узрабаз лъурал,
Лъалк!ал ратилин ккун раккарал къват!ир.
3.К!азикьан раккарал хъах!ал расазги,
Хъвала дир рак!алда рук!к!еналъ г!адин,
Ратизе ругин гьел нижер гъалат!аз,
Гъалазда гъоркь тарал гъулбасалилан.
4. Гъулукал беразулъ бихьула дида,Бахьи г!ураб бихьун г!орц!ун гьеч!еллъи,Г!ажаибаб берзул балагьиялъулъ,Баянлъула рек!елъ бугеблъи рокьи.5.Бах!араб замана зах!мат иналъул,Загьираб гьеб х!асил халлъула рек!елъ,Х!алхьи хвезабурал хасалил сардаз,Свине гьабураб нур ссудула рек!елъ.6. Х!еренал квераца кодоре рачун,Кинида рущарал чанц!улго дуца,Ч!амун кваназе кьун, кинидахъ к!усун,К!ик!араб чан гьулак квер собозег!ан.7.Рахъун кинидасан карандеги къан,Канлъи биччазег!ан бачараб чан ахх?Бадиса гирулел маг!ил гаралгун,Гор чанц!ул сверараб сардил макьу тун?8. Сабураб гьурмадул гьимиялда гъорлъ,Гьит!инабго т!анк!алъ т!атинабула,Т!олабго г!умру кьун г!езаруниги,Г!ураб жаваб нижер жеги щвеч!еблъи.9.Т!олго хъизаназул баркала, эбел,Бах!араб г!умру кьун г!езе гьарурай,Г!азизай, х!алимай,х!еренай эбел,Дур х!урмат ц!унизе х!адур руго ниж.ЭбелалдеЗалму Мух!амадова.Дун кинида лъурал дир бабул кверал,Кидаго йиго дун нуж г!оларого, Дун каранде къарал кверазул килщал. Щибалда къочизе ч!алг!ун йигей куц.Дир ях!алъул х!уби х!еренай эбел,Дуца кьурал дарсаз дун ц!унарай куц,Дир борхатаб кьуру, дир кьили мег!ер,Г!умру дуца кьуна де беирцинабДун рик!к!алъаниги, рак! лъурай эбел, Рек!елъа мун араб гьеч!о дир саг!ат.Нилъ рикь-рикьаниги, йокьулей баба,Ракьалда дур ц!арцин ц!валъун буго дийЙик!ина мун дие чирахълъун, ц!валъун-Дий нух къосинаро, бакъ щинк!иларо.Йик!ина мун дие сабаблъун даим.Сог!лъиги унтиги дида хъваларо.ЭбелНаби Г!исаев.Эбел, дур беразул канлъи сун буго,Сунца г!олохъанго херлъизаюрай?- Лъималаз бач!араб ургъелалъ г!адин,Унтизабуларо эбелалъул рак!.- Эбел, г!емераб къо бихьана дида,Бах!арлъи ц!унулеб дару лъаларищ?- Лъималаз бач!араб рохелалъ г!адин. Рази гьабуларо эбелалъул рак!.Унго, эбел, дие…Загьра ШиразудиноваЭбел,дуца дида бакун тараб ц!а,Жужух! ссун аниги свине к!олареб.Инсул рух!алица бух!араб керен,Кор боркьун бижизе кин дуда к!вараб.Гьит!иназул т!алаб т!адеги къот!ун,Т!ул- рак! гьалун гьадин дун щайха тарай?Киналго ургъелал дидеги рехун,Даимаб макьида мун щай кьижарай?
Хадусезул т!алаб, рукъалъул ургъел,Бигьаяб гьир гуро баччизе дие.Дур малъа - хъваялги, дур х!еренлъиги,Унго, эбел, дие х!ажат бугеб куц. ЭбелалдеПат!имат Г!усманова.Эбел, гьанже дида дур къимат лъана, Дунгоги эбеллъун яхъараб къоялъ.Бицун бич!ч!улареб, бихьун лъаларебЦо х!икмалъи буго, эбел, дудасан.Дирго чохьол наслу кодобе щведал,Бич!ч!ана, хирияй, дур рак!алъул х!ал.Дирго лъимералде т!аде къулидал,Гирана бадисан бух!араб маг!у.Дица нахъа тарал г!умрудул санал,Г!адада т!амурал гьанже кант!ана.Лъана, лъана, эбел, дуй мустах!икъабХ!урмат дица жеги гьабун гьеч!еблъи. Дир бук!инеселъул ургъелги гьабун,Унтич!ищ дур бет!ер чанги пикрабаз?Рек!ел т!инда даим рокьи бац!ц!адай,Ц!ар берцинай, эбел, кьейги дуй г!умру.Дур рек!ел мурадал- дий талих! эбел.Дир рек!ел мурадал – дуй талих! эбел.Г!умру дие кьурай, хирияй эбел.Хвезег!ан гьабила дица дуй дуг!а.Эбел.Г!айшат ГьиматоваРек!ел къварилъабазде,Къоно дуца борхич!о,Къваридго т!ураб маг!ил,Риччел бихьизе теч!о.Рокьи кьуна нижеДуца ц!акъ сахаватгоСайигъатлъун лъугьанаДие гьеб г!умруялъго.Эбел, дун ч!алг!ун йиго,Дур х!еренал кверазухъХ!асратал раг!абазухъХ!айранал дуг!абазухъ.Дирго лъимерлъиялде,Дол талих!ал къоязде,Т!адюссине анищан,Щоларо, эбел. макьу.Лъол муг!рузул т!огьазде,Т!аде меседги щущан,Щобилъан баккулеб бакъ,Йиго, эбел, мун дие.Гьаб Каспий ралъадалъул,Г!ат!илъиялъ борцунеб,Г!акъиллъи буго, эбел,Бет!ергьанас дуе кьун.Дур берцинлъи, гьайбатлъи,Дандекквезе бегьулеб,Бижун гьеч!о. эбел, т!егь,Т!адег!анав аллагьас.Т!аг!ин гьеч!еб рокьуе,Мустах!икъай йиго мун,Лъуг!ел гьеч!еб реццалъеРекъарайги мун йиго.Дуе талих! гьарун мун К!ут!би свакалел гьеч!о,К!удияб х!урматалъеХ!ал г!оларого йиго.Дица хирияй эбел, Дуе бетlер къулула,Даимго гьаб ракьалдаХутlагиян гьарула. Эбел-инсул х!урмат.Доба ЭмиратаздаБищунго рек!ей г!уна,
Х!урмат гьабулеб г!адат.Х!алакун вугониги,Эбелалъул квералда Салам гьабич!ого васХъулухъалде унаро.Инсуе бет!ер къулун,Х!урмат гьабун урони,Х!ет!е ч!оларо ясалъ Рукъ бахун къват!ибехун.Бахиллъизе жо добаДида г!емер бигьана,Амма гьеб г!ан рек!ее Асар гьабураб ккеч!о.Гьанже маг!арухъгицинЦо-цо г!оркьилал руго, Эбел- инсул адаб тун,Жал ц!акъаллъун рик!к!улел.Жив гьаб дунялалде Бач!ин гьездасан бук!ин Лъаларв вас вижани,Ахир заман ккеларищ?Эбелалъул х!урмат тун,Бокьухъе хьвадилилан Яс ч!олеб къо бач!ани,Къинарищ гьелъул т!алих!. Эбелалъул ургъел Исмаг!ил Таймасханов.Рогьалалъ хъах!илаб зодихъ кунч!арабКанч!аб баг!арбакъул къиматал ч!орал,Ч!ир гьабун цо-цоккун, муг!рул щобилъанЩущан унел руго росдаде т!аде.Т!ад г!ел решт!анщинал щубил къат!рабиКъиматал ганч!анлъул кенч!олел руго.Бакъул нургун щвараб рогьалил гьуриГьале гъот!ол т!амхал бекерахъдулеб.Рогьалил гьогьомуй рагьун гордугун,Гьелъул ц!илъиялда гъорлъеги йосун,Гордухъ к!усун йигей ригь арай гьадан Г!одой къулун йиго жийго пикрабалъ.Дур бот!ролъ пикраби, дур рек!ел къасдалГ!иц!го дуе гуро, хирияй эбел,Херлъуде къанагlан къиматаб пикру –Дур г!олел васазде – дур лъималазде.Гьале пикрабазул кунч!ула цебе Кинида дол рущун рук!араб заман.Рек!ел т!олго хинлъи, т!олго х!еренлъи,Кодореги рачун, гьезие кьолеб.Сонал ана. Гьанже дур лъималазухъЯлагьула, эбел, намуслъадго мун.Доб цебесеб рокьи, т!олго х!еренлъи,Бот!рода квер бахъун, гьабула загьир.Дуе гьанже ургъел гьезул г!умрудул,Г!олохъанлъиялъул зах!малъабазул.Гьезие щивасе рек!ей бокьараб Босизе кинандай кумек гьабилеб? Бесдал эбел Х!ажи Гъазимирзаев.Бесдал эбелалъе дунго вокьизе,Боц!иги къач!ана, рукъги лъухьана.Дадал бах!аралда берцин вихьизе,Рохъоги бахъана, ц!аги бахъана.Амма талих! гьеч!еб г!умроялъ дие,Г!азаб тун бат!ияб, т!аг!ам биччач!о.