ВУЗ: Не указан
Категория: Не указан
Дисциплина: Не указана
Добавлен: 10.01.2024
Просмотров: 56
Скачиваний: 1
ВНИМАНИЕ! Если данный файл нарушает Ваши авторские права, то обязательно сообщите нам.
Авар адабият 8 класс
№ п/п | Дарсил тема | Саг1тазул къадар | Дарсил тайпа | Дарсил мурад | Рокъобе х1алт1и | Планалъулаб къо-моц1 | Х1ужжаялъулаб къо-моц1 |
1 | Художествиябги г1елмиябги адабият | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1.Худ. ва г1елмиябги адабияталъул бицине; 2. Авар адабияталде рокьи ц1ик1к1инаби | Гьум. 3-4 (учебн.) | | |
2 | Халкъияб к1алзул гьунар. Хиянатчи | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Халкъияб к1алзул гьунаралъул асаразе авалияб баян кьезе; 2. Хияналъи г1адамасда рекъеч1еб г1амал-хасият бук1ин бич1ч1изаби 1. Мац1ихъанлъи ва бугьтанлъей г1адамал балагьазде рачунезул цояб ккола ва гьеб къисаялъулъ бихьизаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум 3-9 Гьум 9-10 (учебн.) | | |
3 | Хочбар | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Кеч1 ц1али; 2. Кеч1, ролазде бикьун, ц1али; 3. Ц1алул бажари борхизаби 1. Хочбарил ях1-намусалъул, бах1арчилъиялъул к1одолъиялъул бици; 2. Ц1алул бажари борхизаби; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум 9-16 п/ц1. Кесек рек1ехъе лъазабизе | | |
4 | Калам цебет1езаби. Хочбарил образ. Сочинение | 1 | Калам цебет1езаби | 1. Хочбарил бах1арчилъи, ях1-намусалъул к1одолъи, рух1ияб бечелъи бихьизаби; 2. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | | | |
5 | ХIХ г1асруялъул адабият. Лекция | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. ХIХ г1асруялъул адабияталъе г1аммаб баян кьезе; 2. Адабияталде рокьи ц1ик1к1инаби 3. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе; 4. Имам Гъазимух1амад щив колев ва чанабилев имам гьев кколевали баян кьей; 5. Ц1алул бажари борхизаби | Гьум. 20-21 (учебн.) Гьум 17-20 | | |
6 | Имам Гъазимух1амад ч1ваялде | 1 | | 1. Имам Гъазимух1амадие коч1олъ кьолеб бугеб къимат бихьизаби; 2. Маг1арулазул рахъ борхизабун, к1одо гьабун, коч1олъ бихьизаби | Гьум 35-40 (учебн.) | | |
7 | Инхоса Г1алих1ажияв Гьекъел-мехтел | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Г1умруялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари; 2.Гьакълил «баракат»-бокьун г1адаллъи; мехтиялъул «т1ок1лъи»- т1ут1лъун г1адан лъугьин-коч1ол аслияб пикру бич1ч1изаби; 3. Ц1алул бажари борхизаби | Гьум 22-25 | | |
8 | Исрапчиясде Ракь | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Щибго жо инсанас исрап гьаби коч1олъ какун бугеб куц бихьизаби. Ниг1маталъул къадру-къимат гьабизе кколеб бук1ин бич1ч1изаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби ; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби. 4. Инсанасул ахирияб рукъалъул бици (гьесул ахират бук1уна ракьулъ). Гьенир ращалъула киналго; мискинавги, бечедавги, ч1ух1аравги, г1акъилавги, гьудул-гьалмагъги, рос-лъадиги-коч1ол философия пикру бич1ч1изаби 5. Ц1алул бажари борхизаби; 6. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум 26-27 Гьум. 27 Рек1ехъе лъазабизе | | |
9 | Калам цебет1езаби. Кеч1 пасих1го ц1али | 1 | Калам цебет1езаби | 1. Ц1алул бажари борхизаби; 2. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | | | |
10 | Элдарилав. Росу берцин | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян; 2. Ч1ужуг1аданалъул берцинлъи, напс к1одо гьаби-шаг1ирасул аслияб тема бук1ин бич1ч1изаби; 3. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум. 29-30 | | |
11 | Жергъен гьартун ккана | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1.К1игьумерчилъиялъи, гурх1ел гьеч1олъи, къарумлъи каки; 2. Эльдариласул куч1дузул аслияб тематика бихьизаби; 3. Г1адатал г1адамазул т1адег1анаб рух1ияб бечелъи, чилъи, бац1ц1адаб ях1-намус беццун бугеб куц бихьизаби; 4. К1алзул калам цебет1езаби | Гьум 30-33 Гьум. 43-45 (учебник.) | | |
12 | Бакьайч1иса Ч1анк1а. Сайгидул Бат1алиде | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул х1акъалъулъ къокъаб баян кьей; 2. Маг1арул г1олохъабазул бах1арчилъиялъул бицун бугеб куц бихьизаби; 3. Ц1алул бажари борхизаби; 4. Мухьдахъ япониязул рагъде рит1арал дагъистаниязул къисмат бихьизаби; 5. Щибго маг1на гьеч1еб рагъда холел бах1арзазул г1умруялда шаг1ир барахщи бихьизаби | Гьум. 35-55 | | |
| | | | | | | |
13 | Т1алх1атиде | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1.Бац1ц1адаб рокьи т1адег1анаб даражаялде бахинабун бугеб куц бихьизаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби 1. Вокьулев вихьизе ясалъул бугеб анищ-хьул бихьизаби. Гьелъул рек1ел х1ал загьир гьабизе шаг1ирасул бугеб гьунар бихьизаби | Гьум 41-44 Гьум. 53-57 (учебн.) | | |
14 | Хъах1абросулъа Мах1муд. Хъах1илаб зодихъе баг1арбакъул нур | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул х1акъалъулъ баян кьей; 2.Шаг1ирасул творчествоялдехун рокьи бижизаби 3. Ч1ужуг1адан т1адег1анаб даражаялде яхинайи-аслияб коч1ол пикру. 4. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум. 46-49 Гьум. 68-69 (учебн.) | | |
15 | Рокьул конторалъул кавуги рагьун | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Бац1ц1адаб рокьиялдехун лъик1аб бербалагьи-авторасул аслияб тема бук1ин бихьизаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум 49-51 | | |
16 | Почтовой кагътиде керенги чучун | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Рокьи инсанасул рух1ияб бечелъи бук1ин бич1ч1иззаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум 51-55 | | |
17 | Калам цебет1езаби. Сочинение. Дир гьудул | 1 | Калам цебет1езаби | 1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби; 2. Гьудул-гьалмагъасде рокьи ц1ик1к1инаби | Сочинение лъугьинабизе | | |
18 | Инхелоса Къурбан. Наибзаби х1елун | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул х1акъалъул баян кьезе; 2. Рагъда бах1арчилъи бихьизабурал г1олохъабазул бици; 3. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум. 58-60 | | |
19 | Борхатаб маг1арда Бахъа, къалам. Г1енекке йокьулей | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Къурбанил рокьул лирикаялъул бици; 1. Т1егьалда, бакъ-моц1алда, ц1вабзазда, алжаналъул х1урулг1иналда йокьулей релълъин гьаюн йигеб куц бихьизаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби | Гьум. 60-64 | | |
20 | Дагъистаналъул халкъазул адабияталдаса. Къалухъа Мирза Ханасе жаваб. Г1ашикъ-булбул | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе; 2. Ханзабазул, бегзабазул рах1му гьеч1олъи, халкъалъе зулму гьаби коч1олъ какун бугеб куц бихьизаби; 3. Талих1 къарал минскинзабазугун г1умру данде ккун, Мирзаца ах1араб кеч1. Булбулалде хит1аб гьабун, рак1чучи бихьизаби | Гьум. 65-66 | | |
21 | Йирчи Гъазахъ. Векьарухъанасул кеч1 | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян; 2. Векьарухъанасул г1умруялъул сипат-сурат бихьизаби; 3. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум. 67. Рек1ехъе лъазабизе | | |
22 | Ятим Эмин. Васият Къват1ул харбал ц1алк1улел херал руччабазде | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул г1умру ва адабияб х1аракат; 2. Бечедаздаги мискинзабаздаги гьоркьоб шаг1ирас ч1валеб рух1ияб г1урхъи бихьизаби; 3. Квешлъиялъул ва т1екълъиялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьей. Мац1 гьабугеян херал руччабазде Эминил гьари. Къват1ул харбаз шаг1ирасул г1умру хвезаби; 4. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум. 68- 69 Рек1ехъе лъазабизе | | |
23 | Калам цебет1езаби. Текст ц1али | 1 | Калам цебет1езаби | 1. Ц1алдохъабазул ц1алул хехлъи борци; 2. Ц1алул бажари борхизаби; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | 3-5 гьум. тексталъул ц1али | | |
24 | Мунги Ах1мад Паналъаяб дуниял Шамилил суд | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баян; 2. К1иго бат1ияб г1умрудул г1адамазул х1акъалъулъ бицун бугеб куц бихьизаби; 3. Рит1ухълъи кибго бук1ине кколеблъи бич1ч1инаби; 4. Ц1алул бажари борхизаби; 5. Шамилил бах1арчилъи ва къвак1и бихьизабун бугеб куц баян гьаби. Бах1арчиясул ц1ар хехго т1ибит1иялъе г1илла ц1алдохъабазда лъай; | Гьум. 71 Гьум. 70-71 | | |
25 | Класстун къват1исеб ц1али. Имам Шамил.(кино) | 1 | Класстун къват1исеб ц1али | | | | |
26 | ХХ г1асруялъул адабият Ц1адаса Х1амзат Айдемир ва Умайгьанат | 1 | Ц1ияб дарс малъи (лекция) Ц1ияб дарс малъи Ц1ияб дарс малъи | 1. ХХ г1асруялъул авар адабияталъул авалияб баян кьезе; 2. Адабияталдехун рокьи ц1ик1к1инаби 3.Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе; 4.Творчествоялдехун рокьи ц1ик1к1инаби 5. Пьесаялъулгун лъай- хъвай гьаби; 6. Ролазде бикьун, ц1али; 7. Анализ гьаби | ХХ г1асруялъул адабият Гьум. 100-105 (учебн.) Гьум. 72-94 | | |
27 | Айдемир ва Умайгьанат | 1 | Анализ гьаби | 1. Г1адамазул г1умруялъул квешал рахъал рихьизари; 2. Ролазде бикьун, ц1али; 3. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум. 94-100 | | |
28 | Пьесаялъул анализ | 1 | Х1асил гьаби | 1. Аслиял героязе къимат кьей; 2. Инсанасул квешал рахъал къват1ир ч1вазаризе Х1амзатил бугеб махщел бихьизаби; 3. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Умайгьанатил монолог рек1ехъе лъазабизе | | |
29 | Г1умруялъул дарсал | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Поэма ц1али; 2. Поэтас кьолел ругел насих1атазул бицине; 3. Поэтасул творчествоялдехун рокьи ц1ик1к1инаби; 4. Поэмаялъул тема ва идея рагьи; 5. Цебесеб г1елги гьанжесеб г1елги дандекквезе лъай; 6 Ц1алул бажари борхизаби; 7. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум. 101-108 Суалазе жаваб кьезе | | |
| | | | | | | |
30 | Калам цебет1езаби. Ц1алараб бици | 1 | Калам цебет1езаби | 1. К1алзул калам цебет1езаби | | | |
31 | Мух1аммад Хуршилов. Сулахъалъ нуг1лъи гьабула | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баянал; 2. Романалъулгун лъай-хъвай гьаби; 3. Маг1арул халкъалъул тарихалде рокьи ц1ик1к1инаби; 4. Ц1алул бажари борхизаби; 5. Роман ц1али; 6. Анализ гьаби; 7. Ц1алул бажари борхизаби | Гьум. 109-150 | | |
32 | Боркьараб рагъ | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Анализ гьаби; 2. Ц1алул бажари борхизаби; | Гьум. 150-173 | | |
33 | Мух1аммад Шамхалов. Вац. | 1 | Ц1ияб дарс малъи | 1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе; 2. Хабар ц1али 3. Ригьнада гьрокьор хут1арал басриял г1адатал ц1ияб г1елалъ х1ат1икь лъолел рук1ин-хабаралъул аслияб тема бук1ин бич1ч1изаби; 4. Анализ гьаби | Гьум. 174-187 | | |
34 | Дагъисаналъул халкъазул адабияталдаса Анвар Аджиев. Бах1арчиясул куркьби Юсуп Хаппалаев. Оцбай Халкъияб кеч1 Муталиб Митаров. Устар | 1 | Ц1ияб дарс малъи Анализ гьаби | 1. Г1умруялъул ва творчествоялъул бицине; 2. Заман аниги, дунял хисаниги, халкъалъе г1оло г1умруги рух1ги кьураб бах1арчиясе хвел бук1унареблъи бихьизаби; 3. Байрамазул х1акъалъулъ бицине 4. Г1умруялъул х1акъалъул къокъаб баян; 5. Ц1алул бажари борхизаби; 6. Перил сипаталъе къимат кьей; 7. Ц1алул бажари борхизаби; 8. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби | Гьум. 188-200 | | |
Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ VIII классалъул
ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
-
льазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал; -
льазарурал асаразул аслиял темаби ва гьезул г1уц1иялъул хасал рахъал; -
льазарурал хабариял асаразул багьадуралги, гьез г1ахьаллъи гьа- булел лъугьа-бахъиназул рахасги; -
адабияталъул теориялдаса баянал; -
программаялда рихьизарун ругел текстал рек1ехъе лъазаризе -
.
Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- хъвадарухъанас г1уц1арал лъугьа-бахъинал пикрудалъ гвангъун цереч1езаризе;
лъазабулеб асаралда жаниб;
-
пикруябгун художествияб рахъ рагьизе сипатиял раг1абазул к1вар батизе; -
муг1алимас кьураб логикияб суалалда рекъон асаралъул багьаду- разул г1амал-хасият рагьизе; -
художествиял асарал пасих1го ц1ализе;
- минуталда жаниб 120—130 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал асарал рит1ун , раг1ун ва чвахун ц1ализе
- хабарияб асаралъе, яги гьелъул цо бут1аялъе план бахъизе;
- жиндирго к1алъаялъе план ургъизе;
- жинцаго ц1алараб асаралъе къимат кьезе, гьеб асаралъул багьадураздехун, лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб жиндирго бербалагьи загьир гьабизе